tgindex
Т|ЕЛЕКЬ | ТАРИХ

Т|ЕЛЕКЬ | ТАРИХ

Статистика
@teletltarihрусский

Т|елекь росдал тарихалъул къокъа

Последний пост
23 мар.
Последнее чтение
14 авг.
Постов за неделю
0
Всего постов
20
Тип
открытый
Язык
русский
В каталоге с
13 авг.
Подписчики
255
+1 за 4 дн.
Сутки
0
0,00%
Неделя
 
Месяц
 
Просмотров на пост
168
20 постов
Вовлечённость
65,9%
к подписчикам
Постов в день
0,0
всего 20
Упоминаний
0
каналов
Охват размещения
оценка
1/24сутки в ленте
1/48двое суток
1/72трое суток

Оценка по просмотрам недавних постов: пост набирает почти всё за первые сутки.

Посты

  • Чарахъа Г|абдайил Мух|амадил Ах|мад ва Т|елекьа шаг|ир Биясланил Г|исалмух|амадил Мух|амад.

  • Росдал ч|ах|иял г|адамал. 1) Х|ажил Г|абдулагьил Ибрагьиммух|амад 2)Будунасум Мух|амадх|ажи 3)Росдал Г|амир Т|алх|атил Мух|амадил Г|умарасх|аб 4)Г|анхъил Х|ажиясул Х|асанх|усен.

  • ИСТОРИЯ АВАРСКОЙ ПИСЬМЕННОСТИ Наиболее древним дошедшим до нас опытом письменной фиксации аварской речи до недавнего времени считалось составленное на арабском в 1485 г. завещание аварского феодала Андуника, которое содержит запись 16-ти аварских слов с помощью арабских букв, близких по произношению к аварским. Тем не менее, наболее ранняя фиксация аварского языка относится к XIV столетию [Климов 1986: 18] – это двуязычные надписи на каменных крестах и плитах, расшифрованные А. С. Чикобава и Т. Е. Гудава. А самым древним из ныне известных текстов, написанных по-аварски арабским шрифтом, является т. н. “кородинская надпись”. Она была обнаружена в 1977 г. в селении Корода Гунибского района Т. Айтберовым и А. Ивановым. Надпись эта не датирована, но палеографический анализ и сведения письменных источников позволяют точно установить время ее написания... Кородинская надпись была выцарапана не раньше XII и даже XIII в. Что же касается верхней даты, то она соответствует XIV в. ” [Айтберов 1985: 81].   Кородинская надпись.  В дальнейшем попытки приспособить арабский алфавит к аварской фонетике не прекращались: глоссарии на аварском языке были, например, составлены в начале XVII в. Шаабаном сыном Исмаила из Обода и Тайибом сыном Омара из Харахи (ум. в 1668), использовавшими в своих записях дополнительные знаки. Сохранились также произведения Гасана из Кудали (ум. в 1700) и Абубакара из Аймаки. Стабильную систему аварского письма на арабской графике – аджам – разработал Дибиркади из Хунзаха (1742-1817). Этой системой пользовались вплоть до 1928 г., хотя и предпринимались некоторые усовершенствования, например, обозначение с помощью трех подстрочных точек под -Л латерального -Лъ, введенное по предложению имама Шамиля и установленное специальной комиссией (Лачинилау из Хариколо, Али из Кульзеба и др.). Первый аварский печатный текст с аджамским письмом был издан в 1884 г. в Стамбуле. С этого времени до 1917 г., в основном в Темир-Хан-Шуре в типографии М. М. Мавраева, было издано ок. 100 книг, как правило, религиозного содержания [см. Каталог 1989: 33-57]. В 1898 и 1899 гг. при участии Джаватхана Гебедова (из с. Телетль) были изданы в Казани учебник русского языка для аварцев и книга для чтения на русском и аварском языках. Дж. Гебедов перевел также (в 1900 г.) на аварский язык Евангелие [Подробнее об истории аварской письменности см.: Атаев 1996]. [Алексеев М.Е., Атаев Б.М. из книги — «Аварский язык»]

  • тIехьалда тIасан. 97 ПасихIаб каламалде куцалеб гIелмудал тIехь, машгьурав бусурман гIалимчи, философ ва шагIир МасгIуд ибн ГIумар ат-Тафтазаница (хв. 1322 с.) хъвараб. 98 ЧIегIераб чалма къалеб букIана Шамил имамасул муридзабаз. 99 Гиназ К.И. Меликов, хIакимасул гIакълучи. 1869–1871 соназ гьев вукIана Дагъистаналъул халкъияб диваналъул председателлъун. 100 ХIинаялъ мегеж белъи суннат буго бусурманчиясе. Мегеж белъи МухIаммадтIагьирица Исламалъул кIвар бугеб жолъун бихьизабулеб буго. 101 Гьеб абиялъул магIна буго, МухIаммадтIагьирие тIад хъанч бахъараб медаль каранда базе бокьунгутIи. 102 ТIехьалъул тIанчил бокIоналда МухIаммадтIагьирил вас ХIабибул- лагьил квералъ гьадин хъван буго: «Гьеб цояб чIоло тIогьилаб кьералъул букIана. Эмен хун хадуб дица гьел чIалал чалмидасаги рахъун гьаб тIехьалъул ахиралда лъуна», — абун. 103 Сиясат (г1араб.) — политика. 104 Сугъралъа ГIабдурахIман-хIажи — Дагъистаналда машгьурав динияв цевехъан, накъшубандияб тIарикъаталъул устар. Гьев ккола 1877 соналъ букIараб «къокъаб шаригIаталъул» рухIияв цевехъан Дагъистаналъул ункъабилев имам МухIаммад-хIажил эмен. Бал.: [Магомедова, 2010]. 105 ي #< >ا 5 — гьесул хIакъалъулъ щибго лъазабизе кIвечIо, Унсоколо райоалъул росулъа вук1ин гурони. 106 Гьанибги ХIабибуллагьил квералъ гьадинаб хъвай-хъвагIай тIаде жубан буго: «Цо нухалъ дун Сугъралъа ГIабдурахIман-хIажиясухъе щведал гъос дида абуна: «Дур инсул ритIухълъиги, рацIцIалъиги лъалаго диванбегасул хъулухъалдаса гьев гIодов тезе гIурусал разилъилин кколаро дида», — ян [30.12, 23:18] salonsota355: 107 БацIадаса ГIабдуллагьил вас ГъазимухIаммад. (БацIада гьанжесеб Гъуниб районалъул росу). 1877-абилеб соналъ бук1араб багъа-бачариялъулъ г1ахьалчи х1исабалда гьев Дагъистан бахун къват1иве вит1ула. 108 Сугъралъа ГIабдулхIалим вукIана машгьурав гIалимчи. Гьес гIахьал- лъи гьабуна 1877 соналъ букIараб багъа-бачариялда. Гьев, диваналъул хIукмуялда рекъон, кваридаги ван, гъанкъана. Бал.: [Мусаев, Шехмаго- медов, 2011, гь. 162; Мусаев, 2012, гь. 143–147]. 109 ХIадисаздаса росарал биценазулги дугIабазулги мажмугI / данде гьабуна Шамсаддин МухIаммад бин МухIаммад бин ал-Жазари аш- ШапигIица (хв. 1333 с.). 110 ر » — () ' ?сугъулдерил питна» абун хъван буго МухIам- мадтIагьирица. Дагъистаналъул цоги гIалимзабаз гьеб багъа-бачариялъе «гъазават» абун цIар кьолеб буго, халкъалъ гьелда «къокъаб шаригIат», «хъанда шаригIат» илан абулаан. Амма МухIаммадтIагьирица гьелда «питна» — йилан цIар лъуб буго. Бал.: [Гасанов, 1997; Айтберов, Дадаев, Омаров, 2001; Гасаналиев, 2009]. 111 Наиб ГIалихан Авари — генерал Макъсуд ГIалихановасулги гьесул вац Хъайтмазилги эмен. Гьавуна 1820 соналъ бечедав, къадру бугев Хунзахъа ХIусенил хъизаналда. Цодагьаб заманалъ Шамил имамасул рахъалдаги вукIун, хадув гьев пачаясул рахъалдехун уна. Дагъистаналъул рекIаразул полкалда хъулухъги гьабуна. ГIемераб заманалъ рагъулаб хъулухъалдаги вукIун, гьев Кьенсерухъ мухъалъул наиблъун тола. Гьеб хъулухъалдаса гьев пенсиялде ана 1884 соналъул 10 марталда ва хвезегIан гIумру гьабун Хунзахъ чIана. 112 ЧIохъа Мамалав (1822–1883) — Дагъистаналда тIоцере рахъарал Россиялъул аскаралъул офицерзабазул цояв. Гьес Россиялъул аскаралда хъулухъ гьабуна. 1881-абилеб соналъ г1одов тана полковникасул чиналда. 113 Закария Нахибашев(1824–1887 сс.) — имам Шамилил боржарав чи, хадув пачаясул аскаралъул офицер. ГIемер заманалъ гьев вукIана Анцухъ-Капуча бодул наиблъунги. 114 ТIелекьа Гьанкалав — чIункIбузул наслуялъул чи, жиндир заманалъ КъебедмухIамадица жал лъугIизарурал. Гьезда гьоркьоса чIаго хутIана кIигояв — Гьанкалавги Шамхалги. 1877 соналъ гьев росдал бетIерлъун тана, багъа-бачари гIодоб къинабизе гьес пачаясул аскаразе гьабураб квербакъиялъе гIоло. ЧункIби лъугIизарунин абун ццин бахъарав Гьанка- лас, росулъа къватIире ритIизе кколел росуцоязул сияхIал хIадур гьарулел рукIана. Бал.: [АхIмадов, 2005, гь. 50].

  • [30.12, 23:14] salonsota355: ГIантавги, гьесул эмен Ибрагьимги, гьесулги эмен Халилги машгьурал рукIана гIалимзаби хIисабалда. 1890 соналъ гьарурал диваналъул хъвай- хъвагIаязда гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «ГIумар — хвана Шамил имамасул заманалъ», — абун. [Нурмагомедов, 2007, гь. 190]. Г1умарил вукIана цо вац ГIабдулкъадир абун. Гьев хекко хвана, жегиги эмен ГIантав чIаго вукIаго. Гьесул кIиго вас вукIана ХIажимуса ва МухIаммад абурал. [ЦГА РД. Ф. 2. Оп. 5. Д. 6. ТI. 1–12]. 80 Бегасул ГIали — гьавуна 1834 соналъ Кьахъ росулъ (гьанжесеб ЧIарада районалъул ЧIарада росулъ). Кьахъ буго гьанжесеб ЧIарада росдада букIараб некIсияб цIар. Гьесул эмен Бегасул вас Бегав гьавун вуго 1795 соналъ. 81 Сивухъ — гьанжесеб Хунзахъ районалъул росу. 82 Къелеб — тIадмагIарухъ бугеб общество, анкьго росдал жамагIата- зда (Хьиндахъ, Мусрухъ, Ругъелда, Сомода, ГIурчухъ, Хьонох, Рукъдах) абулеб гIаммаб цIар. 83 Гиничукь — гьанжесеб Хунзахъ районалъул цо росу. 84 ТIанусиса МухIаммад вукIана Шамил имамасул божарав чи. Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица гьесул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго: «ТIанусиса МухIаммад вукIана Имамасул божарав чи, жигьад байбихьаралдаса нахъего гьесул гьудул», — абун. Бал.: [Абдурахман из Газикумуха, 1997, гь. 80]. Цоги тIехьалда гьадин хъвалеб буго: «ТIанус МухIама 1864-абилеб соналъ Маккаялда хвана, гьесул вас Малачица гьижра гьабуна 1869-абилеб соналъ Турциялде», — абун. [Низам Шами- ля, 1870, гь. 28]. 85 Гьолокь — гьанжесеб Шамил районалъул росу. 86 9 و.:; — >ццин гIодобе буссана, гIакълу хисана абураб магIна. 87 «хатIаъ» — ракIалдаго гьечIого, хатIалъун ккун чи чIвай. 88 Диййат (гIараб.) — чи чIварав чияс кьезе кколеб рецIел. 89 Гьаниб хIалтIизабун буго гIараб рагIи «гIалиж»-=#1 ай хъачIав, чIухIарав, цогияздехун адаб гьечIев чи. 90 Къурбанил МухIаммад — гьавуна БацIада росулъ (Гьанжесеб Гъуниб районалъул росу). Цин гьев вукIана Сугъралъ росдал муфтилъун, хадув наиблъунги. Бал.: [Абдурахман ал-Газигумуки, 2002, гь. 159]. Гъазигъ- умекиса ГIабдурахIманил цоги тIехьалда гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «БацIада росдал гIалимзабазда гьоркьов машгьуравлъун вукIана жинда къануналъул гIелму лъикI лъалев наиб Къурбанил МухIа- мад», — абун. Бал.: [Абдурахман из Казикумуха, 1997, гь. 82]; Жеги МухIаммадтIагьирица гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго Шамил има- масул хазина бикъулезда гъорлъ гIахьаллъи гьабунин абун. Бал.: [Хро- ника Мухаммеда ал-Карахи, 1941, гь. 246–247]. 91 ГIемерал бихьинал рагъда чIваялъул хIасилалда Имаматалда къоролруччаби къойидаса къойиде цIикIкIунел рукIана. Гьелда хурхун, имам Шамилица кьола буюрухъ. ТIоцебе къоролруччабазе изну букIана жиндийго рос валагьизе, нагагь гьедин рос валагьизе (тIаса вищизе) [30.12, 23:17] salonsota355: гьезда бажаричIони, хIалица кьолаан росасе. ШаргIалда данде кколареб жо букIиналъ, МухIаммадтIагьир гьелда рази вукIинчIо. 92 زي ر — Джурджазе. Гьаниб нижер хIисабалда бицен гьабулеб буго Шималияб Дагъистаналъул начальникI, гиназ Д.Д. Джорджадзил. 93 Гьаниб бицен гьабулеб буго ГIусманиб турказул султIанасул. 94 ЧIохъа ХIажигIали (1817–1877) — Шамил имамасул божарав чи, «Шамилил хIакъалъулъ бералда бихьарасул харбал» абураб тIехь хъварав гIалимчи. Бал.: [Гаджи-Али, 1873, гь. 1–76]; Жеги мух1канго гьесул х1акъалъулъ ц1ализе бегьула [Бобровников, 2010, гь. 71–93]. 95 Машгьурав бусурбабазул гIалимчи МухIйидин Шейхзадел (хв. 951 с.гь./1544) баянкьеял, тафсир, машгьурав бусурбабазул динияб ва гIелмияв устар Насир ад-дин ал-Байдавил (хв. 1286 с.) «Анвар ат-Танзил» абураб тIехьалда тIасан гьабураб. 96 Египеталдаса гIалимчи МухIаммад ал-Заркъаница гьарурал баянкьеял жиндирго ватIанцояв Шигьабудин ал-КъастIаланил «Ал-МавахIиб ал- Ладуния» абураб, нилъер Аварагасул (гI.с.) гIумру жаниб рехсараб «Сира»

  • гьабуна. Багъа-бачари гIодоб къинабун хадуб, гьев асирлъуде ккола, ва, кваридаги ван, гъанкъана». Бал.: [Али Каяев, 2013–2014; Мусаев, 2012, гь. 143–147]. 59 روف& — Назаруф. Гьаниб МухIаммадтIагьирихъа гьитIинабго гъалатI ккун буго. Гьеб заманалда Гьоркьохъеб Дагъистаналъул бетIерлъ- ун вукIана генерал-майор, рагъулав хIаким И.Д. Лазарев. Гьесул фами- лия хъван буго «Назаров», — абун. 60 Цебе магIарулаз ХIубикь абун абулеб букIана гьанжесеб Гъуниб росдаде. 61 Нижер хIисабалда, гьеб букIине ккола «Шамилил рагъазул цо-цо Дагъистаназул хвалчабазул паркъи» — абураб тIехьалъул цо нусха. ГIам- ри ШихсагIидовас гьеб тIехь генерал Лазаревас машгьурав кавказовед, Кавказалъул археографиялъул экспедициялъул председатель А.П. Бержее сайгъат гьабун бугин абун хъвалеб буго жиндирго макъалаялда: Бал.: [Шихсаидов, 2010, гь. 28]. 62 ْز ُ-ْ.َ$ — () ' Мартузил питна. Гьаниб бицен гьабулеб буго 1863 соналъ Закатала округалда ХIажи Муртузил бетIерлъиялда гъоркь ккараб багъа- бачариялъул. Бал.: [По поводу восстания, 1886, гь. 583–592; Фадеев, 1889, гь. 79–124; Доного, 2005, гь. 285–289]. 63 ا 01 — гьесул хIакъалъулъ щибго лъазабизе кIвечIо, гьанжесеб ЧIарада районалъул Хьинуб росулъа (Къарахъ мухъ) вукIин гурони. [30.12, 23:14] salonsota355: 64 Гьаниб бицен гьабулеб буго штабс-капитан МухIамадгIалил вас МухIамад-Мирзал (МухIамад-гIали-огълы), живги ТIелекь-Гьидерил наиблъун вукIарав 1860 соналъ. 65 МагIарулазул роцен, жибги бащалъулеб 7–8 фунталда. [Материалы по метрологии, 1974, гь. 175]. Цо фунт бащалъула 0,45359237 килоялда. МухIаммадтIагьир Назаровасухъе ун вуго анцIго килогIадаб нахги босун. 66 МуртазагIали ал-ГIуради — ГIурадаса МуртазагIали (хв. 1865 с.) — Дагъистаналъул машгьурав гIалимчи. ГIемерал соназ Шамилил Имама- талъул кIудияв къадилъун жив хIалтIарав. 67 #$ر آ — Кармалин. 1863–1869 сс. тIасияб (мугIрузулаб) Дагъиста- налъул рагъулав начальникI, генерал-майор Н.Н. Кармелин. 68 ف # $ — Миликуф. 1860–1880 сс. Дагъистан областалъул началь- никI, генерал-адъютант Л.И. Меликов. 1882 соналъ Пачалихъияб сове- талъул член. 69 Кавказалъул календаразул лъазабиязда рекъон Къарахъа МухIам- мадтIагьир Дагъистаналъул халкъияб диваналъул къадилъун хIалтIизе лъугьун вуго 1869-абилеб соналъ. Гьеб хъулухъалдаса нахъеги ун вуго 1874-абилеб соналъ. Гьедин МухIаммадтIагьирица жинцагоги хъвалеб буго ункъго соналдасан гIодов теян гьаранин абун. 70 Гьеб заманалда Дагъистаналъул диванханабазул бетIерлъун вукIана гиназ Г.И. Магъалов. 71 Къуръаналда рекъон абураб магIна. 72 3 .)ز — Зафуршинко. Шималияб Дагъистаналъул начальникIасул гьитIинав кумекчи, капитан П.Е. Запорожченко. 73 МухIакъкъикъ (г1араб.) — гIелмияб цIех-рех гьабун битIараб нух балагьулев чи. 74 ف $ — Мугалуф. Дагъистаналъул халкъияб диваналъул бетIер, коллежский ассесор, гиназ Г.И. Магъалов. 75 4 #1 ر 5$ — налъаби цIикIкIиндал, жиндир боцIи-малалда кверщел гьабизе заманалъ ихтияр нахъе босарав чи. 76 ' ا 1 — адалат. Гьеб рагIул магIна: гIамал-тIабигIат берцинав, цIубарав гIакълу бугев, чIахIиял мунагьалги жинца гьаруларев ва гIиси- нал мунагьаздаги даимлъуларев, кIварабгIан къадаралъ гьездасаги цIунун вукIун абураб буго. Гьеб аслияб шартI буго нугIлъи гьабулесе, кинаб- гIаги къотIи-къай гьабулелъул. 77 6 7#8.(8ا — Истарсилский. МугIрузул управлениялъул начальникI, генерал-лейтенант Д.С. Старосельский. Гьесул нухмалъиялда гъоркь тIоцере кагътиде росун данде гьаруна Шималияб Кавказалъул гIадатал. 78 ف ا.8 —Сираджуф. Сиражев В.Г. — 1860–1864 соназ гьев вукIана Дагъистаналъул халкъияб диваналъул кIудияв. Гьелдаса хадув хIалтIана Дагъистан областалъул начальникIасул канцеляриялъул бетIерлъун. 79 ГIантасул ГIумар — гьев ккола Гьачада росулъа, гьанжесеб ЧIарада район. Гьев вукIана гIалимзабазул наслуялъул чи. Гьесул эмен

  • сверухъ Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица гьадин хъвалеб буго: «Ал- лагьасукьа хIинкъиялъул гIаламат гIеларищ, гьес байтулмалалъул боцIуда- са босулеб букIинчIо щибгIаги жо, хIатта имамас кьураб жоцин». Бал.: [Абдурахман из Газикумуха, 1997, гь. 81]. 52 Гьел наибзабазул цIарал, тIадежубай гьабун, тIанчил рагIалда хъван руго. Нижер хIисабалда гьев ГIамирхан абулев чи вукIине ккола ЧIикIа- са ГIамирхан, къогогIанасеб соналъ жив Даргъов къадилъунги хIалтIарав, хадув Имамасул катиб ва мугьру цIунулев чилъунги вукIарав. 53 Гьаниб, нижер хIисабалда, бицен гьабулеб буго ГIурадаса Мурта- загIалил. [Хроника Иманмухаммада Гигатлинского, 2010, гь. 123–124]. 54 Гъараниса ХIажияв ( را ا ) — (гьанжесеб Буйнахъ районалъул Хъарани росу) — гьев вукIана имаматалъул тахшагьар Даргъо къадилъ- ун. Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица гьесул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго: «Нижер Даргъо росулъ къадилъун вукIана кIудияв г1алимчи ва факъигь, имамасул гIагарав чи, Гъараниса ХIажиявдибир. Имамас гьанив муфти течIо, цойги виллаятазда г1адин, щай абуни жиндир заманалда Даргъо букIана жибго жиндаго чIчIараб росулъун, гьенив муфтий тезеги хIажат букIинчIо. Гьев къади [Гъараниса ХIажиявдибир] хун хадуб, гьесул бакIалда къадилъун тана гьесул вукIарав мутагIил ЧIикIаса Айде- мир», — абун. [Абдурахман из Газикумуха, 1997, гь. 87]. 55 Шайхил ГIабдулла — имам Шамилил мурид, ЧIикIаса ЧехькIудияв ГIабдуллагьил вас Шайхил вас. Гьев ЧIикIаса ГIамирхангун цадахъ 1842 соналъ, вакил хIисабалда, турциясул султанасухъе витIун вукIана Шамилица. Стамбулалдаса гьев уна хIеж борхизе, нахъвуссунаго нухда хола. Бал.: [Хроника Мухаммеда ал-Карахи, 1941, гь. 151–152]. «Шайхил вас ГIабдуллагь вукIана имамасул бищун бахIарчиял мури- даздасан цоявлъун, жудеца тIуразарулел имамасул хасал тIадкъаял». 56 КIаратIа — гьанжесеб ГIахьвахъ районалъул райцентр. 57 Гьелъул хIакъалъулъ Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица жиндирго тIехьалда гьадин бицун буго: «Хелекьури росулъа (Хелекьури росу — гьанжесеб Болъихъ район) вукIана гьев машгьурав ва кIудияв гIалимчи Шамилил наиб Шамхалдибир абун жинда цIарги бугев. Наиблъун телалде цеве Шамхалдибир ГъазимухIамадил мугIалимлъун вукIана». Бал.: [Абду- рахман из Газикумуха, 2002, гь. 126]; ГъазимухIамадил кIиабилев мугIалимасул хIакъалъулъ гьес гьадин хъвалеб буго: «Машгьуразда [30.12, 23:12] salonsota355: гьоркьоса цоявлъун вукIана Муниса гIалимчи, Шамил имамасул васасул мугIалим ГIабдусалам», — абун. Бал.: [Абдурахман из Газикумуха, 2002, гь. 79]. 58 Гьев ккола Шамил имамасул наиб ва мудир ТIелекьа КъебедмухIа- мадил вац. ЧIвана 1877 соналъ Дагъистаналда ккараб багъа-бачариялъул гIахьалчи хIисабалда. Хъаяев ГIалица гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Муртаза-ГIали вуго ТIелекь росулъа. Гьев ккола Шамил имамасул машгьурав наиб ва мудир Къебед-МухIамал вац. Шамилил рагъул зама- налда, жиндирго вац Къебед-МухIамаго гIадин, наиблъун тун вукIана. Рагъ ахиралде щвараб заманалъ, гьев кIиявго пачаясул аскаразул рахъал- де ана». Шамил кверде ун хадуб пачаяс, прапорщик абураб цIарги кьун, гьев наиблъун тола. Къебед-МухIамае пенсия чIезабун букIана анлънусго гъурущ. Гьелдаса хадубги гьев кIиявго вац пачаясе мутIигIаллъ- ун рукIинчIо. Къебед-МухIамаца гIахьаллъи гьабуна Муртаза-хIажил бетIерлъиялда гъоркь Закаталаялда ккараб багъа-бачариялъулъ. Гьеб багъа-бачари байбихьилелде Муртаза-хIажица, балъго данделъаби гьару- лел рукIана Къебед-МухIамал рокъоб. Гьес гьезие бажарараб кумекги гьабулеб букIана. Багъа-бачари байбихьарабго, Къебед-МухIамаца халкъ- алда цебе, жиндирго гъажалдасаги тIун, пачаясул погонал гIодорги речIчIун, тIад кIанцIана. Гьеб багъа-бачариялде гьоркьовеги ун, гьес гьезие бетIерлъиги гьабуна. Хадуб, ГIанаде имамасухъеги вачIун, гьесул гIакълучилъун лъугьана. Имамасул цIаралдасан халкъалъе бетIерлъиги

  • гъварилъи бихьизабизе. Ибну ХIажар Гьайтами ккола шапигIияб мазгь- абалъул машгьурав гIалимчи. 37 Ижма гI (гIараб. ع إ — ( разилъи, цо хIукмуялде рачIин ялъуни, цо кинаб букIаниги суалалда хурхун гIалимзабазул рагIи цойиде бачIин. Гьеб ккола шаргIалъул Къуръан-хIадисалда хадуб жинда мугъчIвай гьабулеб аслу, далил. 38 Рагъдаса лъутаразухъа боцIи бахъиялъул ва туснахъ гьариялъул суалал. 39 Шамил имамасул Имаматалъул тахшагьар, гьанжесеб чачаназул Видан районалъул росу. МагIарулаз гьелде абулеб букIана Даргъо [30.12, 23:09] salonsota355: Ведено, ай ЦIияб Даргъо. Бал.: [Абдурахман, 2002, гь. 146; Абдурахман из Газикумуха, 1997, гь. 192; Генко, 1933, гь. 26]. 40 Т1инамух1амад ал-Цулди — машгьурав гIалимчи, гъоркьехун рехсарав ЦIулдаса ГIабдуллагьил эмен. 41 ا — гьесул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо, гьан- жесеб Казбек районалъул Гуни росулъа вукIин гурони. 42 ري ا رو ا — гьесул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо, гьанжесеб Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъа вукIин гурони. 43 ي ا ا — гьесул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо, гьанжесеб ЧIарада районалъул Гьачада росулъа вукIин гурони. 44 Хъаяев ГIалица гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «ГIабдула вуго ЧIарада районалъул ЦIулда росулъа. Гьев машгьурав вукIана лъикIав гIалимчи хIисабалда. 1877-абилеб соналъ багъа-бачари байбихьилелде гьев вукIана Гъуниб округалъул диваналъул членлъун (яги къадилъун). Сугъралъ багъа-бачари байбихьун букIин рагIарабго, жиндирго хъулухъги рехун тун, гьев хехаб къагIидаялъ Имамасда аскIове ГIанаде вачIуна. Имамас гьев кIудияб хIурматгун къабул гьавула ва мудирасул хъулухъги тIадкъан, кIудиял ихтияралги кьун, богун ЦIумаде витIула. Гьес има- масул тIадкъай тIубазабизе кIудияб хIаракат бахъулеб букIана, кинниги гьесда гьеб бажаричIо. Багъа-бачари щущахъ биххизабун хадуб, пачая- сул аскараз гьев, багъа-бачариялъул бетIер хIисабалда, асир гьавун, гьенивго кваридаги ван, гъанкъана». Бал.: [Али Каяев, 2013–2014; Мусаев, 2012, гь. 143–147]. Кавказалъул календаразул лъазабиязда рекъон, Гъуниб округалъул диваналъул къадилъун вукIун вуго ГIабдула ГьитIино-МухIама огълы. Дургелиса Назирица хъвалеб буго гьадин: «ЦIулдаса ГIабдулагь-къади вукIана кIудияв гIалимчи. Цо дагьаб заманалъ гьев вукIана бетIерав къадилъунги ХIубукь вилаяталда», абун. Бал.: [Назир ад-Дургели, 2012, гь. 69]. 45 БакътIерхьул Дагъистаналда машгьурав гIалимчи. Гьес гIахьаллъи гьабуна 1877-абилеб соналъ ккараб багъа-бачариялъулъ. Гьелъул хIаси- лалда, гьев асирги гьавун, Сибиралде витIана. Абубакар ккола МухIам- мадтIагьирил дурц. Гьанжеги ЦIулда росулъ буго гьесул нахъе хутIараб кIудияб китабхана. 46 ! "# ا $ — гIараб битIунхъваялда тIасан гьоркьохъел гIасрабазул машгьурав гIалимчи Ибну Гьишамица хъвараб тафсир. 47 Назру гьаби — рикIкIен гьечIел соназ Дагъистаналъул чIахIи- чIахIиял гIалимзабазда гьоркьор рукIана гьеб назруялда сверухъ кIудиял бахIсал. Хасго кIвар бугеб бахIс букIана Къарахъа МухIаммадтIагьири- даги ГIахъушиса ХIажигIалидаги гьоркьоб. Гьеб бахIсалъул къокъаб хIасил, гIурус мацIалдеги буссинабун, 1871 соналъ басмаялда бахъунги букIана. Бал: [Полемика дагестанских ученых, 1871, гь. 3–40]. [30.12, 23:10] salonsota355: 48 ЧIикIаса Ражабил МухIаммад (1805–1859) — Шамил имамасул божарав чи. 1840–1859 соназ гьев вукIана диван-ханаялъул хIалтIухъан- лъунub. ЧIвана Ведено цIунулаго 1859 соналъ. 49 Гьеб букIине ккола МухIаммадтIагьирица «Шамилил цо-цо рагъазулъ Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб тIехь хъвалеб заман. 50 Гьениб бицен гьабулеб буго Шамил имамасул асираллъун жал рукIарал гуржиязул цIар бугел гиназал Чавчавадзе ва Орбелиани мухьдахъ нахъе риччаялъул (июль, 1854 с. — март, 1885 с.) [Вердеревский, 1856]. 51 МухIаммадтIагьирица байтулмалалъул боцIиялдаса инкар гьабиялда

  • гIемер заман иналдего, НурмухIаммадие къадар щвана. Гьев вукъун вуго гIагараб Гьочоб росулъ. Гьесул хобги буго жиндирго эмен ГIумарил МухIаммадидаги вацгIал ДибирхIажил вас ХIажиясдаги аскIоб. Бал.: [МухIамаднабиев, 2010, гь. 141, 143]. Гьесул эмен ГIумарил МухIаммад жиндир заманалъ вукIана машгьурав гIалимчи. Гьев гьавун вуго 1240 (1783) соналъ. Гьедин хъван буго гьесул зонодаги. Хвараб сон бихьизабун гьечIо. Бал.: [МухIамаднабиев, 2010, гь. 131]. 23 Гьасул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо. 24 ТIелекь — Шамил районалъул цо росу, Шамилил наиб Къебед- мухIаммадил ватIан. 25 ТIелекьа КъебедмухIаммад — Шамил имамасул наиб ва мудир. Кавказалъул халкъаз пачаясда данде гьабураб рагъулъ гьес кIудияб хIаракатчилъи ва гIахьаллъи гьабуна. 26 Гьел наибзабаздаги къадизабаздаги гьоркьоб букIараб дандеккун- гутIиялъул хIакъалъулъ бал.: [Народно-освободительная борьба, 2005, с. 500–501]; Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица жиндир хIалтIулъ тIубараб цо бетIер буго наибзаби теялъул ва гьезул хIалтIул хIакъалъулъ хъвараб. Бал.: [Абдурахман из Казикумуха, гь. 89–91]. 27 Илисуялдаса Даниял-бек (Даниял-султIан) — Илису султIанаталъул ахирисев бетIер. 1844 соналдаса нахъе имам Шамилил мудир. Гьев вукIана имам Шамилил бищун цересел чагIаздаса цоявлъун. Гьединго имам Шамилил вас ГъазимухIаммадил вакьадги кколаан гьев. 28 МухIаммадтIагьирие «муфтий» цIар кьеялъул хIакъалъулъ цIале: [Абдурахман из Газикумуха, 1997, гь. 86]. 29 Кьолонуб — гьеб щулалъи киб бугебали мухIканго лъазабизе кIвечIо. 30 ХIажидибирасул вас ХIажияв гьавуна гьанжесеб ЧIарада районалъ- ул Гьунухъ росулъ. Гьев Къарахъ мухъалда наиблъун вукIана 1852– [30.12, 23:08] salonsota355: 59 соназ. Гьес гьеб хъулухъалда хисана жиндирго вацгIал Гьунухъа НурмухIаммад. Бал.: [МухIамаднабиев, 2010, гь. 138]. Хадубккун тIехьалда жаниб гьесул хIакъалъулъ бицен гьабулеб буго ХIажияв ал-Къарахъи абун. Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица гьесул хIакъалъулъ цIакъ кIвар бугел баянал кьолел руго: «Къарахъ мухъалда бетIерлъун вукIана НурмухIаммад. Гьев вукIана машгьурал гIалимзаба- зул ирсилавлъун. Гьев хун хадув Къарахъ наиблъун тана гьесул гIагарав чи ДибирхIажиясул вас ХIажияв. Гьев вукIана цIакъ хIалимав, хIеренав ва сахаватав чи. Гьесул ритIухълъиялъги гIелмуялъги цIакъ асар гьабулаан Имамасе. ХIажияв вукIана ракIбацIцIадав чи, гьелъие нугIлъи гьабула гьадинаб цо мисалалъ. Цо нухалъ имамасул хазиначи ГIоротIаса ХIажияс гьесухъе кьун рукIана нахъе цIунизе меседил гъурщал, къва- ригIараб мехалъ нахъе росизеян. Шамил имам Гъуниб магIарде унаго, гьев ГIоротIаса ХIажияв имаматалъул месед-гIарацгун Къарахъ ракьалда вукIана. (Гьениб нухда къаралазги кIкIуядисезги гьеб хазинадул бащадаб бахъана). Шамил кверде ун хадуб, имам хъизангун Темир-Хан-Шураве витIула. Цинги дов хазиначияс гьарана Къарахъа ХIажиясда доб цIунизе кьун букIараб 500 меседил гъурущ нахъе кьеян. Гьес гьел нахъе кьуна. Цинги дов хазиначияс гьедун абулеб букIана, гьеб гIарац жаниб бугеб таргьа Къарахъа ХIажияс рагьунцин батичIин абун. ХIажияв гьелда жаниве валагьунцин гьечIо», — ян. МухIканго гьелъул хIакъалъулъ бал.: [Абдурахман из Газикумуха, 1997, гь. 66]. 31 Гьасул хIакъалъулъ щибго лъазабизе кIвечIо. 32 Закат (зякат) — шаргIалда рекъон, чара гьечIого мискинзабазе кьезе кколеб садакъа. 33 Низам (гIараб.) — гIадлу, къагIида, тартиб. 34 Дургелиса Назирица хъвалеб буго, ГIуриса ШугIайб машгьурав гIалимчи вукIанин абун. ГIуриб — гьанжесеб Шамил районалъул росу. Бал.: [Назир ад-Дургели, 2012, гь. 69]. 35 Гьеб рагIул магIна буго цо бакIалдаса цоги бакIалде гочин абураб. Гьаниб бицунел мугьажирал руго жидерго ракьги, магIишатги тун, Шамил имамасда цадахъ рагъизе къватIир рахъарал чагIи. 36 Кинаб букIаниги хIукму къотIулаго, Ибну ХIажарил тIехьалдаса босанин абулаан. Щивас хIаракат бахъулеб букIана жиндирго гIелмудул

  • Гьединлъидал гIелму цIализе гьесие рес рекъолароан. 8 Гьаниб бицен гьабулеб буго доб заманалъ Дагъистаналда кIудияб къадру-къиматалда цIалулел рукIарал, машгьурав гIалимчи ГIабдурахI [30.12, 23:07] salonsota355: ман ал-Жамил (1414–1492) тIахьазул. Гьел тIахьазда жаниб, аслияб къагIидаялъ, баянкьеял гьарулел руго Ибн ал-ХIажибил "Кафия" яги "ал- Фаваид ад-Дийаийа" абурал тIахьаздаса. (ГIараб мацIалъул битIунхъ- ваялъул тIахьал). Гьелъул хIакъалъулъ бал.: [Мусаев, 2008, гь. 242; Х1ажиева, 2011, гь. 130–134]. 9 Ай, бухьен гьабуна абураб магIнаялда. 10 Гьунухъа ХIажидибир — (Гьунухъ — ЧIарада районалъул росу) — машгьурав гIалимчи. Гьесул цIар тIибитIун букIана мугIалим хIисабал- да. Гьесда цере цIалулел рукIана Къарахъа МухIаммадтIагьир, ГIурадаса МуртазагIали ва ХIасан Алкъадари. Гьелъул хIакъалъулъ бал.: [Назир ад-Дургели, 2012, гь. 94]. Цоги баяназда рекъон, ХIажидибирица гIахьаллъи гьабун буго 1837 соналъ ГIашилтIа ккараб рагъулъги цогидал рагъазулъги. Гьев вукъарав бакIги лъалеб гьечIо. Бал.: [МухIамаднабиев, 2010, гь. 133]. 11 МухIаммад ал-Ярагъи (хв. 1838 с.) — Накъшубандияб тIарикъаталъ- ул муршид. Имам ГъазимухIаммадилги Шамилилги устар ва насихIатчи, Кавказалъул рагъул бетIерав дагIватчи. Бал.: [Назир ад-Дургели, 2012, гь. 80]. 12 Гьаб рагIул магIна гьабизе бегьула «мурид, ритIухъав чи» абун. 13 Ай, хIажалде. 14 Гьанжесеб Лак районалъул цо росдал цIар. Гьеб ккола шайх Сай- пуллагь-къади Башларовасул росу. 15 Гъазигъумекиса Жамалудин (хв. 1866 с.) — Накъшубандияб тIарикъаталъул устар, Шамил имамасул рухIияв эмен ва вакьад. Гьесие къадар щвана Турциялда (1866), гьенибго зияратги буго. Бал.: [Назир ад- Дургели, 2012, гь. 101]. 16 МахIмуд-хан — гьесул хIакъалъулъ киналгIаги баянал лъазаризе кIвечIо. 17 Гьаниб бицен гьабулеб буго 1840 соналъ Дагъистаналда букIараб бакъбухIиялъул ва кутакаб ракъдаллъиялъул. Гьелъул хIасилалда кута- каб ракъиги къварилъиги букIана Дагъистаналда. 18 ЦIадахIариб — гьанжесеб Лаваша районалъул росу. 19 Дургелиса Назирица гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «МухIаммадтIагьирил вукIана вас Хабибуллагь-хIажи абурав. Гьев вукIана цIакъ бажари бугев гIалимчи, жинда гIелмабиги лъикI лъалев. Гьев хвана 1339 (1921) соналъ, жумад-ул-аввал моцIрол ахиралда, бакъанил какил ахиресеб ракагIаталъул рукугIалда. Аллагь гурхIаги гьесда! ХIабибуллагьилги вукIана цо вас Абу Бакр (Абубакар) абурав, инсулго гIадаб гIелму кодосев. Гьевги хвана жиндирго эмен гIадин 1339 (1921) соналъ. КIияздаго Аллагь гурхIаги!» [Назир ад-Дургели, 2012, гь. 118–119]. 20 Гьочоса ГIабдурахIман — (Гьочоб — гьанжесеб ЧIарада районалъ- ул росу, Къарахъ мухъ); Къарахъа ГIабдурахIман машгьурав гIалимчи, Шамил имамасул божарав чи. Гьес гIахьаллъи гьабуна Кавказалъул [30.12, 23:08] salonsota355: халкъаз пачаясда данде гьабулеб букIараб рагъулъ. 1847 соналъ гьев, херлъиялда бан, наиблъиялдаса гIодовчIана. Цинги гьес гьабуна мугIалимлъи, Къарахъ мухъалда вук1ана муфтилъунги мухIтасиблъунги. МухIтасиб ккола имаматалда хъулухъчагIаз шаргIиял хIукмаби тIураял- да хадуб халкквезе тарав чи. Гьелъул хIакъалъулъ бал.: [Дадаев, 2009, гь. 130–132]. 21 Кьорош — гьанжесеб ЧIарада районалъул Къарахъ мухъалъул росу. 22 Гьунухъа НурмухIаммад — ГIумарил МухIаммадил вас. Гьев Къарахъ наиблъун вукIана 1847–52 сс. Югалъулаб Дагъистаналде гьабураб гьужум сабаблъун гьев хъулухъалдаса эркен гьавуна. Гьесул хIакъалъулъ бал.: [Дадаев, 2009, гь. 265–266]. Гьесул зонода хвараб сонлъун бихьизабун буго 1282 (1858) тарих. Багинуса ШугIайб-апандица «ТIабакъаталда» гьев хвараб сонлъун бихьизабулеб буго 1302 (1884) сон. Гьев Шамилгун вукIана рагъ ахиралде щвезегIан. Гъуниб магIарда Шамил имам кверде ун хадув, НурмухIаммад цодагьаб заманалъ Темир-Хан-Шура округалъул цо росулъ туснахъ гьавун вукIана, цинги рокъове виччана. Гьелдаса

  • ритIухъав вукIунев». Я Аллагь, Дуца нижер гIунгутIаби рахче, кIиябго дунялалъул гIазабаздасаги цIуне ниж! Киналго лъикIлъабиги Аллагьасда- са руго, живги ХIалимав ва ГурхIулев. ТIадегIанав Аллагьасул свалатги саламги лъеги Жиндир илчи ва нилъер Сайид МухIам- мад аварагасда, гьесул агьлуялдагин асхIабзабазда, Жив рехсо- лез рехсаравгIан, жиндаса гъапулал гъапул ругебгIан зама- налъ. ХIакълъунго БетIергьан Аллагь кинабго къуват Жинда кодо- сев, мушрикуназ жинде гIунтIизабулебщиналдаса Жив вацI- цIадав вуго. Гьединго Аллагьасул салам Гьесул илчизабазде- ги буго. Щибаб рецц Аллагьасе буго, кинабго гIаламалъул БетIергьанасе! Хъван лъугIана 1295 (1878) соналъул сапар ал-хайр моцIалъ. Гьаб тIехьалъул ахиралда МухIаммадтIагьирил вас ХIабибуллагьил квералъ хъварал мухъалги руго. Гьелги мустахIикъал ругин ккола гьанир кьезе. Жинда Аллагь гурхIаяв, дир эмен гьавуна 1224 (1809) соналъ ва ахираталъул рокъове накълулъана 1279 соналъул зулхIиджа моцIалъул 22 къоялъ (6 декабрь 1880 сон), радал бакъбаккул гIужалда. Гьесул бук1ана 73 сон. Аллагьас гьев Жиндиего рокьулел чагIазда цадахъ алжаналда вахъине гьавеги! Амин! ХIикматаб жолъун букIана киназго инсул гьабулеб букIараб хIурмат. Сардарасул наибал Мамаласги112 Закарияцаги113, ва гьединго бегавул ТIелекьа Гьанкаласги114 гьесде саламал ритIулел рукIана. Мамалас жиндие дугIа гьабейиланцин гьарулеб букIана инсуда, жинда эмен киданиги вихьун вукIинчIониги. /гь. 9а/ Хвалил бусада унтун вугев инсуца дидехун гьадинаб калам гьабуна: «Дун диванбеглъун Шурагьив хIалтIана хIукуматалъ [30.12, 23:05] salonsota355: тIад тарал хIакимзабазда цадахъ, диего бокьичIого. Дун гьезда аскIове хIалтIизеги харжалъе гIоло инчIо. Гьениве иналде цебе дихъ кодоб букIана 30 туман гIарцул. Дун хун хадуса дуца гьеб бикье дудагоги яцаздаги гьоркьоб», — абун. Хадубги гьарана, жив чIаго вукIадго, гьеб гIарац цоги гIарцудаса батIа гьабеян. Цогиги инсуца абуна: «ХутIараб гIарац хIалтIизабе киназего гIахьалаб иш-пишаялъулъ. Дида гьеб гIарац хIалалаб бугеблъи чIванкъотIун лъаларелъул, кинниги гьез гьеб гIарац кьолеб букIиндал дун гьезда аскIов чIаралъухъ. Гьединго дида лъаларо гьеб хIарамаб бугищалиги, щай абуни дица гьеб хIалтIи диего бокьун гьабулеб букIинчIелъул». Дица инсуца малъухъе гьабуна. Дида лъаларо кигIан гIарац гьениб букIарабали, амма дида лъалеб жо буго гьеб гIарцул къадар цIикIкIараб букIараблъи. Баянкьеял 1 ХIалтIи гьабизе гIарцудалъун квербакъана Россиялъул Гуманита- рияб гIелмияб фондалъул гранталъ № 12-01-00359. 2 «МажмугI ал-авбаш» («Лъавукъазе мажмугI») абураб тIехь буго жинда жаниб чиясул хьвада-чIвадиялъулги гIамал-хасияталъулги бицунеб тIехь. Гьеб хъварав чиги вуго машгьурав магIарул гIалимчи ГIаймакиса Абубакар-хIажи (1711–1791). Гьелда жаниб ГIаймакияс кьолел руго жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ къокъал баяналги. ГIаймакиса Абу- бакар-хIажиясул хIакъалъулъ бал.: [Гизбулаев, 2005]. 3 «Ал-Минан ал-кубра» — машгьурав бусурман гIалимчи, тIарикъ- аталъул имам ГIабдулвагьаб аш-ШагIранил тIехь. 4 Гьаниб Къарахъа МухIаммадтIагьирица «ал-истислахI» абураб рагIи кин бичIчIизе кколебали баян кьолеб буго. 5 Гьаниб Къуръаналъул аятазул тафсир гьабулаго, мугъчIвай гьабулеб буго, «ал-МунтахIаб» абураб тафсиралде (баянкьеялде) балагьун. Гьеб тафсир хIадур гьабун буго дунялалдаго цIар рагIараб «Ал-Азгьар» исламияб университеталда. Бал.: «Тафсир ал-Куран. Ал-Мунтахаб». М.: «УММА», 2003. 6 РитIухълъи чIезабизе МухIаммадтIагьирица бахъулеб букIараб хIаракаталъул хIакъалъулъ хъван буго Гъазигъумекиса ГIабдурахIманил ракIалдещвеязул тIехьалда. Бал:. [Гъазигъумекиса ГiабдурахIман, 1997, гь. 80]. 7 МагIарул гIадатазда рекъон, хъизаналда жанив цохIого цо вугев васасда тIадаб букIана магIишаталъулги хур-хералъулги тIалаб гьабизе.

  • гьезда берцин рихьизеян хьвадулелги рукIинчIо. ГIаламалъулго БетIергьан, ТIадегIанав Аллагьасе рецц буго ва гьеб кинабго гIицIго Гьесул цIобалдалъунги буго! Гьев сундасаго ТIадегIанав ва жиндир заталда рекъоларебщиналда- са ВацIцIадавги вуго! Хадуб 1294 (1877) соналъ, милициялъул гьерсихъаби ва мацIихъаби сабаблъун, Сугъралъ питна багъарана110. Гьеб ки- набго питнаялъе гIиллалъунги ккана гIурусазул бетIерлъиялда гъоркь Гъуниб хъалаялда рукIарал аскаразе жиндир заманалъ кумек битIизе бажаричIолъи. Цинги гьеб багъа-бачариялъул хIасилалда, гьаб мухъалъ- ул гIахьаллъи гьабуразде тIаде рещтIана кIудиял, вахIшиял хIалбихьиял ва балагьал. Гьезул цо тайпа кварида ран гъанкъана, цогидал, асир гьарун, сибиралде ритIана, хIатта хъизамал- лъималгицин гьезда хадур ритIана. ГIадамазда гьоркьоб хабар тIибитIана, дидеги гьел балагьал ва хIалбихьиял щвезе ругин абурал. Гьебмехалъ гьудул-гьал- магълъиги гIагарлъиги цIакъго хIинкъана дида. Амма дун абу- ни кIудияб хьулалда вукIана, гьанжелъизегIанги ТIадегIанав Аллагьас диналъулъги дунялалъулъги питна-балагьаздаса цIунун таралъухъ, гьединго дие Гьес кьурал загьириялги батIи- ниялги рикIкIен гьечIел нигIматазул халги гьабун. Амма рекIелъ хIинкъиги букIана, дидасан гIелму-гIамал цIикIкIаразеги Аллагьасе гьабулеб тIагIат-гIибадат бацIцIадазеги лъугьунеб жо бихьараб мехалъ. [30.12, 23:02] salonsota355: Зу-л-хIиджа моцIалдаса байбихьун, гьел балагьал тIадеял- даса тIаде цIикIкIунел, дидехун гIагарлъулел рукIана. ГIадамаз балъго бицунеб хабарги гIага-божаразул хIинкъиги гьединго цIикIкIунеб букIана, щибаб къоялъ дунго гIадал ккун рачун, сибиралде ралагьизарулел рукIиналъ. Гьединаб хIал букIана сапар моцI бащалъизегIан, падишагьас киналго асирал тархъан гьарулел ругин абураб хабар бачIинегIан ва къватIирехун ритIаразул цо бутIаги тIадбуссун ватIаналде бачIинегIан. Гьебги, гIицIго ТIадегIанав Аллагьасул цIобалдалъун буго, киналго ишалги Жинца тIуралев, рекIел пикрабиги хисиза- рулев! Кинабго реццги Аллагьасе буго! Питнаялъул чIегIераб кIкIуйги тIаса ана, ракIазулъ парахалъиги рещтIана. Нижер ясалъул ясги хвасарлъана жиндирго эмен Абубака- рида хадуй йитIиялдаса, баракат бугев наиб ГIалихан Авария- сул 111 кумекалдалъун ва баракаталдалъун. Аллагьас гьесие хадубкунги тавпикъ кьеги лъикIал ишал гьариялъе! /гь. 8б/. Унго гIажаиблъиха, ТIадегIанав Аллагьас дун цIунулев вугеб куцалъул ва гьесул дидехун бугеб хасаб кIваралъулги щибаб бакIалда гьес дие гьабулеб бугеб берцинаб квербакъиялъулги, хасго гьал ахир заманалъул питнабаздаса! Гьеб кинабго Гьесул цIобалдалъун буго, кигIан дун мустахIикъав гьечIониги ва дир рахъалдасан гьелъие кинабгIаги хIаракат бахъичIониги, бажа- ри-къуватго гьечIониги. Кинабго рецц дуе дир БетIергьан, Жив гурхIулев, киналго нигIматалги Жинца кьолев, киналдасаго Жив тIасалъугьунев! Лъихъеха лагъ кIанцIилев, жиндирго БетIергьанасухъе гурев, Я ханзабазулги хан, Мун киналъулго БетIергьан вуго! Мун нижеда тIасалъугьа, Мун гьелъул агьлулъидал. Ваамма Дуца нахъе рачахъани, ниж цIунизе щивго гьечIо! Дун кIалгIабада сверухъ тирулев вуго, Хьулги буго цохIо БетIергьанасде, Гьес дир хIажатал тIуралин абун. Дуца кьола нижей чIаголъи, Дуца нижер рухIалги нахъе росула. Кинабгоги хIуралде сверизе буго, гIалам бижарав цохIо Аллагь хутIизегIан! [30.12, 23:04] salonsota355: Дидехун буссинабе Дур рахIмат ва дун хвезе те Дурго вокьулев ХIабибасул нухда! Гьалдалъун тана! ТIадегIанав Ал- лагьасде хьулги буго, гьаб дунялалъул рокъоб Жинца загьириял- ги батIиниялги нигIматалги кьун, дир гIунгутIаби рахчаралго гIадин, ахиратги талихIаблъун ккезабилин дир, метер, Къияма- себ къоялъ, дир мунагьал сабаблъун киназдаго цеве суризави- ларин абураб. «КигIан захIматаб къоха букIине бугеб, дир хIисабалда, доб къо, кинабго гIаламалъул БетIергьан дидехун

  • таблъун батана дида гьеб. Гьелдаса нахъе дун рокъов унев вукIа, нахъвуссун вачIунев вукIа, дица кидаго гIарцухъ гьоко бачунаан. ГIарцудехун гьечIеб кIварги, боцIудехун гьечIеб рокьиги, гьединго дир хьвада-чIвадиги бихьараб мехалъ, гьезда (гIуру- сазул бутIрузда) гьоркьоб дир къадру-къиматги борхана, гьез дир кIудияб хIурматги гьабуна106. МахIкамалъул бетIерас дида мугьруцин лъезабулеб букIинчIо гIадатазда рекъон къотIараб хIукмуялда гъоркь. Цебе гьезул билълъараб къанун букIана шаргIияб букIа, ялъуни гIадаталда рекъон гьабураб букIа, киналго махIкамалъул хIукмабазда хIалтIухъабаз жиде-жидер мугьру чIвазе кколеб. Дица гьезда хIалтIудаса гIодов чIезе изну тIалаб гьабураб мехалъ, гьез гьарана дида, дирго бакIалда тезе мустахIикъав чи вихьизавеян. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеца хадуб бицина [30.12, 22:59] salonsota355: Аллагьасе рецц, кинабго гIалам Жинца бижарав, гьебги Жин- ца хьихьулев! Дун махIкамалда хIалтIизе лъугьун ункъо соналдаса цIикIкIун заман араб мехалъ — 1290 (1873) соналъ дица хъвана гьади- наб кагъат: «Дун херлъунги вуго, чорхол къуватги загIиплъулеб буго. Нужеде дир гьариги буго рокъов чIезе изну кье», — абун. Гьелда данде бачIана гьадинаб жаваб: «Нижее бокьилаан мун нижеда аскIов ватизе. Кинниги дуе рокъов чIезе бокьун батани, гьелъул кинабго ихтиярги буго духъ, дуе изнуги буго бокьухъе гьабизе. Амма нижер дудехун цo гьари буго, дуца нижеда вихьизаве дурго бакIалда гьеб хъулухъалде восизе мустахIикъав чи», — абун. Цинги дица гьезухъе хъван битIана кагъат: «Гьединал мус- тахIикъал чагIилъун дида рихьула БацIадаса ГъазимухIамад- ги 107 Сугъралъа ГIабдулхIалимги» 108, — абун. Гьез тIаса вищана БацIадаса ГъазимухIаммад. Дица гьал пайдаял мухъал хъвана, пикру гьабизе гьунарги гIакълуги бугев, хIакъаб жоги балагьулев чиясе бичIчIиялъе букIине. Гьесдаги лъазе, баракатги саламатлъиги букIунеблъи, кIварабгIан хIалалъ гIамалалъулъги рагIиялъулъги рекъонккей ва ракIбацIцIалъи тIалаб гьабуни. ХIакимасе хIелхIедиги, тIадчиясе бокьухъе гьезда берцин вихьизе хьвадиги сурукъаб иш букIинги бичIчIизе, гьединго чияр боцIи-малалде ва бетIерлъ- игун-хъулухъазде хьулалги лъечIого вукIине кколевлъи лъазеги. Дир абуни лъабкъоялда анцIилъа церехун унел саналги руго, лъикIаб сахлъиялдаги вуго, гIумруялъул рахъалъ лъикIаб гIатIилъиялдаги вуго. ТIадегIанав Аллагьас ризкъилъун дие кьун буго дир умумузул букIараб ракьги, ригь-мулкги, жеги хъанчил, насранияб пачалихъалъул хазинабаздаса дие кьураб гьарзаяб мухьги. Гьеб боцIи-мал дие щвезе дица киданиги цIакъбахъи гьабулебги букIинчIо, гьелдехун гIишкъу-хьулги дир киданиги лъечIо. ХIадис буго бицун: «Исламалдаги вукIун, бетIербахъиялъе гIураб ризкъиги кьурав талихIавлъун ккола, бугелда гIей гьабун жив чIарав — бищун талихIав чи ккола», — абураб. «Ал-ХIисн ал-хIасин»109 абураб тIехьалда бицун буго: «Я Ал- лагь! Дуца дир ризкъи бищун цIакъ гIатIид гьабе дир гIум- руялъул тIогьиб, хвалде гIагарлъарал къояз», — абун. [30.12, 23:00] salonsota355: ТIадегIанав Аллагьас дие кьураб бищун кIудияб нигIмат буго /гь. 8а/ магIнаги лъан, кIиябго шагьадат бахъун, дун кIалъазави: «Дица ракIчIун, цо гьитIинабгIаги щаклъи гьечIо- го, нугIлъи гьабула, хIакълъунго лъагълъи гьабизе ккараб жо цохIо Аллагь вукIиналда! Жегиги дица нугIлъи гьабула МухIам- мад (с.т.гI.в) Гьесул Илчи ва Расул вукIиналдаги», — абун. Цоги гьанжелъизегIан Аллагьас дие кьурал чIахIиял нигIма- таздаса буго, дун киданиги дин-исламалъул нухдасан кьури- чIолъи, хIакимзабахъа щолеб жоялъ гуккизеги чIун. Гьел дихъ ралагьулаан разилъиялъул бераздалъун. ХIатта гьаб заманалъ- гицин 1293 (1876 с.) гьезул хIакимзабаз диргун хурхен гьабу- ла, лъикIал гIадамазул гьабулеб гIадин. Нижеца гьезие гьабу- леб батIаяб хъулухъ букIинчIониги, кIигьумерчилъиги гьабун,

  • го диналда рекъон, гьев чи дарвишилан тезе бегьилаан, гьес хIинаялъ рас белъунаребани», — абун100. Цоги нухалъ Запорожченкаца дида абуна: «Нижеда лъала, цо-цо нужер гIадамаз нижее рихьдае жо гьабулеблъи, амма нижеца гьелде кIудияб кIварго кьоларо. Бищунго цIакъ гьеди- наллъун руго цо-цо цIаларал чагIи. ваамма дуца нижергун гьоркьоблъи гьабула дурго диналъул вацазулгун гьабулеб къагIидаялда», — ян. Гьес жеги абуна: «Падишагьасеги дин гьечIел пасикъзабаздасаги, бусурбабазда гьоркьоса диниял ва Аллагьасукьа хIинкъулел рокьула», — ян. [30.12, 22:53] salonsota355: Цоги нухалъ гьес диде гьадинаб калам гьабуна: «Пайда щибха, дир дуда бицине бугебщинаб жо, нилъеда цоцазул мацIал ричIчIулелани», — абун. Цоги нухалъ, дие халкъияв диванбегасул меседил гIаламат кьун хадуб, дица махIкамалъул бетIерасда абуна: «Дие гьаб медалалъул бакIалда чалма бокьилаан» 101 , — ин. Гьес жаваб гьабуна: «Гьедин абизе рекъон гьечIо, щайгу- релъул гьеб сардарасул тIалабалдалъун, падишагьас амру гьабун кьураб гIаламат буго дуе. Амма дуца гьеб тIад бачIого таниги бегьила», — ян. Гьелдаса хадуб, дие меседил гIаламат кьедал, дица гьелдаса рахъун кIиябго медалалъул хъахIабги чIегIерабги чIалал рукъана дирго чалмаялда 102. Дир гьалмагъзабазе гьеб рекIее гIечIо, махIкамалъул бетIерасе хутIизегIан. Нагагь гьез жидер- го рокьукълъи загьир гьабун щиб бугониги жо бицани, дида ракIалда букIана гьезда гьадин абизе: «Бусурманчиясул ратIли- да гъорлъ бищун тIадегIанаб бакI ккола бетIералда къалеб чалма, гьединлъидал дица падишагьас кьурал медалазул чIалал рукъана гьелда. Падишагьас кьурал гIаламаталги гарбида ран дун вихьанани, диниял чагIаз дида абизе букIана: «Гьав хъан- чие лагълъи гьабулезул диналдехун гьетIун вуго. Гьезде (гIуру- сазде) аскIоре ккаралщинал гьез жидерго диналде цIалел руго», — ян. Гьединлъидал, гьебги гIиллаялъе ккун, бусурбаби падишагьасул амруялъе мутIигIлъулел рукIинчIо. Падишагьасул сиясаталъе 103 гIоло дицаги гьедин гьабуна», — ян. Гьелдаса хадуб дида рагIана машгьурав шайх ГIабду- рахIман Сугъуриясе104 гIадамалгун дандчIвазе, гьезулгун гара- чIвари гьабизе гьукъун бугин наибасин. Гьебмехалъ дун ана Жоржадзихъе ва гьесда абуна: «Дида рагIана гьесие (ГIабду- рахIман Сугъуриясе) гIадамазе хутIба гьабизе гьукъун бугин. Амма гьес халкъ падишагьасе хиянатлъи гьабулеб жоялде ахIулеб гьечIо. Гьедин нужеца гьабулеб бугони, ракI-ракIалъго исламияб диналда нахърилълъарал гIадамазе нуж рихине руго ва падишагьасул сиясатги гьезие рокьукълъизе буго», — ян. Дир рагIабаз гьев ццим бахъинабурав гIадин лъугьана. Цин- ги дида гьикъана: «Мун ГIабдурахIман-хIажигун дандчIва- нищ?» — ан. [30.12, 22:55] salonsota355: Дица жаваб гьабуна: «Шамилил къуват биххаралдаса дида гьев вихьичIо», — абун. Цинги гьес абуна: «Дица дур гьари Сиражовасухъе щвеза- била», — ян. Гьоркьоб заманго инчIо, шайх ГIабдурахIманил хIал цебе букIарабго гIадин лъугьана, ТIадегIанав Аллагьасул цIобал- далъун. ТIоцебе рокъове ине дир къасд ккейгун, /гь. 7б/ дица тIалаб гьабуна гьоко. Дица абуна: «Дие гьеб гьоко къваригIун буго, кинабго нужеца дие кьолеб харж гьелъухъ кьезе кканиги», — ян. Кинниги гьез гьелъие рес батизабичIо. Гьанже дида кколеб буго, гьезда ракIалде ккун батилин, дие гьаб пачалихъалъул гьоко чIобого бокьун букIанин абун. ХIакъикъаталдаги рокъове унелъулги гьениса вачIунелъулги нухда дие кIудияб захIмалъи букIунаан. Гьединлъидал дие чара гьечIого къваригIун букIана гьоко. Дица гьезул кIудиясул- гун къо-мех лъикI гьабулаго, гьес дида абуна: «Нижер кIудияб божи буго, ТIадегIанав Аллагьас мун сах-саламатго нижехъе нахъвуссинавилин», — абун. Амма цоги нухалъ дун нахъего рокъове унеб мехалъ, дир божарав гьудул Унсоколоса ХIажимухIаммадица105 дие гьоко ккуна мухьдахъ (20 манатги кьун). ЦIакъ черхалъе рахIа-

  • рачIани, гьеб дие рохеллъун букIине буго, Падишагьасул бащ- даб бечелъи кьеялдасаги», — ян. Жоржадзица жаваб гьабуна: «Дуца хъван, цIарал кье, дица гьениса рачIине бокьарал тIахьазул», — абун. [30.12, 22:50] salonsota355: Дица, гьел тIахьазул сияхI гьабун хъван, гьесухъе кьуна. КIиго соналдасан гьес гьал хадур рехсарал тIахьал рачIана дие: «ХIашияту Шайхзаде гIала ал-Къази»95 абураб тIехьалъул ункъо мужаллат, «ШархI аз-Заркъани гIала ал-Мавагьиб»96 абураб тIехьалъул микьго мужаллат, «Ал-МутIаввал»97 абурал тIахьалги. Гьелъухъ гьесие баркала гьабурал рагIаби абизе дун лъугьараб мехалъ, гьес дида абуна: «Дица гьел тIахьал реццалъе, яги духъа сайигъат-салам щвей мурадалда рачIарал гуро, дица гьел рачIана дуе, дуца халкъ битIараб нухда тIобитIизе, дуца гьезда мекъал гIарзал гьаризе малъичIого рукIине», — ян. Гьесул цо божарав чиясги тIаде жубана: «Дуца хIукму (фатва) къотIуге нижер (гIурусазул) боцIи нужее хIалалаб бугин абураб», — абун. Дица абизегIан течIого, Жоржадзеца гьесие жаваб гьабун абуна: «Гьединан букIана нилъеда гьоркьоб рагъ бугеб мехалъ, гьанжейин абуни нилъ цадахъ руго, гьанже гьеб букIине ресго гьечIо», — ян. Нужго балагьеха, ТIадегIанав Аллагьас дие гьабулеб бугеб кумекалъухъги квербакъиялъухъги. Щибаб рецц Аллагьасе буго, кинабго гIалам жинца бижарав! Цо къоялъ Жоржадзеца дида гьикъана: «Шамилил зама- налъул лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ дуца хъвараб жо духъ хутIанищ?» — илан. Дица абуна: «ХутIана, гьел рокъор руго», — ян. «Дие бокьун буго дуца гьел дихъе росун рачIи- не», — ян абуна гьес. Цинги дица абуна: «Гьел хъвай- хъвагIаял руго рагъул заманалъ дица хъван рукIарал жал», — ин. «Дида лъала. БукIаниги кIвар гьечIо», — ян жаваб гьабуна гьес. Дица гьел хъвай-хъвагIаял гьесухъе щвезаруна ва гьес гIага- шагарго цо лъагIалидасан дихъе нахъеги руссинаруна. Гьел- де щвезегIан дица гьел хъвай-хъвагIаял тIаса нусха гьабизе лъихъего кьун рукIинчIо, питна ккеялда хIинкъун. Цо нухалъ, чIегIераб чалмаги къан, дун махIкамалде ана98. Дун вихьаравго, махIкамалъул бетIер, Меликовасул вац99, кIвар кьун (чIваркьун) дихъ валагьана, амма щибго кIалъай гьабичIо. Гьез рокьукълъи бихьизабун букIарабани, дицаги гьезда абизе хIадурун букIана: «ХIакълъунго, нижер диналда рекъон, [30.12, 22:51] salonsota355: росдал къадияс чIегIераб чалма къазе ккола. Нужеца дун Дагъис- таналъул къадилъун тIамун вугелъул, дица гьебги къана», — ян. Цоги нухалъ, Сиражевас жиндихъеги ахIун, цо жал рикьизе байбихьана, хIакълъунго гьал сардарасул сайигъатал ругоянги абун. Гьелда тIадеги дие цо меседил сагIатги кьуна. Гьебмехалъ дица абуна: «Гьал кьурал жал дие гIезе рукIана. Гьаб сагIат дие кьечIониги бегьилаан, щайгурелъул, нижер диналда рекъон, гьеб тIад базе хIалалаб гьечIо», — ян. Сиражевас дие гьадинаб жаваб гьабуна: «Дуца сагIат босе ракIалдещвеялъе букIине, гьеб тIад базе кIвар бугеб жо гуро», — янги абун. Дир гьалмагъ ХIажигIалица /гь. 7а/ дида гIемер абулаан, цадахъ ругел махIкамалъул хIалтIухъабазда релълъун ретIел ретIеян. Цо нухалъ, гьез сайгъаталъе кьураб ратIлил дица гIатIидаб гIаба гьабураб мехалъ, ХIажигIалица махIкамалъул бетIер Запорожченкодехъун абуна: «Гьав МухIаммадтIагьири- ца нилъеца кьураб ратIлил жиндиего гIаба гьабун буго, жин- дирго рекIее бокьухъе», — ян. Цинги Запорожченко абуна: «Нилъ ратIлиде гуро балагьизе кколел, нилъ балагьизе ккола гьесул гIамалазде», — ян. Гьелдаса нахъе ХIажигIалица диде гIайибал гьариялъул ишал жалго тана. Гьединго гьес бицунеб букIана, цо нухалъ дир хIакъалъулъ сардарасул вакилзабазул кIудиясулгун жиндир гьадинаб гара- чIвари кканила. Гьез суалал кьолел рукIанила: «Гьав щив чи нилъер махIкамалдаги хIалтIулев, нилъер ретIелги ретIуна- рев?» — абун. Цинги Жоржадзеца жаваб гьабунила: «Ункъаб-

  • гьесул киналго гьалмагьзабиги гьединго гьесул гьудул ТIану- сиса МухIаммадги84. Гьез имамасдаса тIалаб гьабулеб бугоан Хунзахъ рукIел ккун чIаян. Кинниги имамас, я инкар гьабулеб букIинчIо, я разилъун, тIадрекъараб жаваб кьолеб букIинчIо гьезие. Цинги дица гьездехун гьадин абуна: «Нужеца имамасдаса тIалаб гьабулеб жоялъул тадбир гьаб хIалалъ ва гьаб бакIал- да тIубазе рес букIунаро», — ян. ТIанусиса МухIаммадицаги тIаде жубана: «Гьелдаса битIа- раб жаваб букIине рес гьечIо», — ян. Хунз гIенеккун чIана. Гьелдаса хадуб имамас дида бицана, щиб гIиллаялъе гIоло наибас дун нахъвуссине гьавуравали. Цоги нухалъ Шамилил амруялдалъун гьидерил, къаралазул ва Авариялъулго чIахIиял гIалимзаби данделъун рукIана Гьо- локь 85 росулъ, КъебедмухIаммад наибас жиндирго вац ТIе- лекьа МуртазагIали сабаблъун цо чи чIван вукIиндал. Гьениб гIалимзабазул «лълъурдул тамахлъана»86, ва гьезул «ракIалги рагIабиги гьетIана» дов чIварав чиясул би рецIел босичIого теялде. Дица гьеб суалалда тIасан гьезулгун бахIс гьабуна, хасго бищун цIакъ данде чIун вукIана гьезул бищун машгьурав ва цеветIурав. Ахир-къадги дица гьезда бичIчIизабуна, гьев чи чIваялда хурхун гьез гьабураб хIукму мекъаб букIин. Гьелъул хIасилалда гьез чIварав чиясда (КъебедмухIаммадида) тIад гьабуна хатIаялъул87 диййат88 кьезе. Гьаб кинабго букIана гIицIго ТIадегIанав Аллагь разилъ- иялъеги тIалаб гьабун, ритIухълъи чIезабиялъе ва халкъалъе насихIатлъун букIиналъул мурадалда гьабураб. Гьелдаса хадубги гIакълу тIокIав МуртазагIалица, дица гьабуралде балагьичIого, дов адабгьечI89 Назаровасда цеве гьер- сихъабазул мацIаздаса дун вацIцIад гьавиялъе кIудияб квер- бакъи гьабуна. Гьелъул дица тIадехунги бицун букIана. ТIаде- гIанав Аллагьас дунялалдаги ахираталдаги гьесие лъикIаб жаза гьабеги! Цоги нухалъ нижехъе вачIана имамасул божарав чиги наиб Даниял-бекги, Къарахъа ХIажияв наиблъиялдасаги нахъе вачун, [30.12, 22:41] salonsota355: гьесул бакIалда БацIадаса Къурбанил МухIаммад90 теялъул мурадалда. Гьелъие гIоло гьез данде ракIарана гIалимзабиги чIахIиял чагIиги. Гьезда цеве вахъун дица абуна: «ХIалимав наиб вахъулев вуго ва гьесул бакIалда толев вуго халкъалъе бакIав, хъачIав наиб. Гьелъие гIиллаги гIицIго ТIадегIанав Аллагьасул нилъеда ццим бахъин батила. Гьес жиндиего бокьухъе хIукму гьабила, ва Гьесул хIукмуялде данде чIезеги лъиданиги кIвезе гьечIо», — ян. Гьев Къурбанил МухIаммад, цебе нижеда гьоркьоб ккараб цо жо сабаблъун, дидехун ракIхун вукIана. Данделъиялдаса халкъ биххун хадуб, гьес дида хадув чапар витIун вачIана, жиндихъе рокъове вачIаян абун. Гьеб сордо дица гьесул рокъоб бана. Гьелдаса хадуб, гьес цониги хIукму къотIулеб букIинчIо дида дандбачIого, къоролруччаби хIалгь- абун росасе кьей хутIизегIан91. Гьоркьоб мех иналдего, Дагъистаналда кIудияб питна багъара- на, дунялги лъугьана гьанже нилъеда бихьулеб бугеб гIадин. Гьал церехун рехсарал ккола цодагьабго Шамилил заманалъ дир ккарал лъугьа-бахъиназул биценал. Аллагьас гьесул рухI Алжаналда батаги! Гьанже нилъ нахъруссинин бетIералде. Шурагьиве щун чан- го къо ун хадуб, дунги дир гьалмагъзабиги махIкамалъул агьлугун цадахъ рилълъана Жоржадзихъе92, цебеккун сапарал- даса жив вуссарав. Гьес дие салам кьуна, дун вачIиналдаса кIудияб рохелги, рецц-бакъги загьир гьабун, баркалаги кьуна. Цинги нижеца гьесулгун гIемераб гара-чIвари гьабуна. Хабаралда гьоркьоса гьес абуна: «Исламалъул Падишагьасул93 вилаяталдаса дица бачIун буго ункъо Къуръан. Нужее бокьани, дида кIола добаса нужее бокьараб тIехьги бачIинабизе», — ян. Дир гьалмагьзабаз гьесул рагIабазде цо кIудияб кIварго гьабичIо. Амма цIакъ дир рекIелъ къана гьесул рагIаби. Цоги къоялъ дун гьесухъе ана, дирго диналъул вац ЧIохъа ХIажигIалигун94 ва гьесда абуна: «Дуца дие дораса тIахьал

  • «Къадруяв чиясул рахъги ккун, гIадатиял чагIи бербалагьи гьабичIогоги тун, нилъеда кIалъазе рекъараб гьечIо. ГIанта- сул ГIумар чIвазе гIураб хIужа батани, гьев чIвазе ккола. Амма Бегасул ГIали80 гIадав цохIо пасикъчиясул рагIи шаргIи- яб хIужалъун рикIкIунаро, шаргIалда нахъвилълъарав цо гIалим- чи чIваялъе», — ян. Наибас дир рагIабазухъги гIинтIамун, гIалимчи ГIантасул ГIумар рокъове виччана. Цоги нухалъ имам Шамилица наибзабиги, къадизабиги, чIахIиял гIалимзабиги данде ракIарана ГIандир. Гьеб букIана дида Шамил тIоцеве вихьараб заман, гьев имамлъун вищарал- даса. Имамас абуна: «ГIалимзаби, нуж данде ракIаре! Ва нужеца дида бице, дир рахъалъан букIаниги, дир наибзабазул рахъалъан букIаниги, нужеда мекъаблъун бихьараб жо!» — ян. Гьебмехалъ гIалимзаби данделъана ва байбихьана жидедаго гьоркьоб наибзабаз байтулмалалъул боцIи исрапалда хвеза- биялъул ва гьелда тIад гьез бетIергьанлъи гьабиялъул хIакъалъ- улъ бицине. Гьебмехалъ дица абуна: «Гьеб цохIого цо наибзабазда хасаб унти гуреб, байтулмалалъул боцIи кодобе щведал гьелъ нилъеде киназдего, къадизабазеги гIалимзабазеги цадахъго щолеб унти буго», — ян. Гьел дир рагIабаздаса хадуб киналго сверухъ рукIарал сихIкъотIун чIана. ГIемер заман гьоркьоб инчIого, имамас цIидасан гIалим- заби Сивухъ81 данде ахIидал, гIелму цIаларавлъун вугев цо наибас чIахIиял гIалимзабаздехун гьадинаб кIалъай гьабуна: «Нужеца имамасда абе, наиблъун жагьилав чи тогеян. Щай- гурелъул гьединав наибасул жиндирго вилаяталда жаниб хьвада-чIвади гьединабго жагьилаб букIунеб буго», — абун. [30.12, 21:27] salonsota355: ЦIикIкIарасел гIалимзаби гьезул гIарзаялда разилъана. Гьебмехалъги дица абуна: «Жагьиллъи наибзаби пасалъиялъе гIилла кколаро. ГIелму бугев вугони, гьев наиб дагьабги зарал цIикIкIарав вукIине бегьула, жиндирго напсалъ малъухъе хьва- дулев вугони. Гьединасда кин ралагьунги жиндиего нухал ра- тула, насихIатал гьарун кIалъарасул насихIат къабул гьабун- гутIизе», — ян. Гьеб кIиябго нухалъ, гьел гIалимзабазда ракIалде щун бати- зе буго ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда бицарал рагIаби: «ЛъикIлъи гIемер гьабе ва рахIму-цIобалда хьвадеян амру жидецагоги гьабун, гьебго заманалда жидерго рагIабазда нахъги рилълъинчIого, битIараб ва бацIцIадаб нухдаса инчIогоийщ нуж рукIунел? Нужехъе рещтIараб Таврат цIалулеллъун нуж- гоги рукIун» (Къуръан 2:44). Гьединго «…щай нужеца амру гьабулеб нужго нахърилълъунареб жоялдалъун», — абун. Гьединлъидалин доб кIиябго гIарза гьез имамасде бахъина- бичIого тараб. Цоги нухалъ имамас наибзабиги, гIалимзабиги, хIурматиял чагIиги данде ахIун /гь. 6а/ гьезда абуна: «Нуж бацIцIадаб шаригIатги ккун хьваде, гьеб нухалдаса халкъги тIуризе гьабу- ге, нужерго напсалда берцин бихьанщиналда хадуб шаригIат- ги цIан». Кинабго халкъ мажгиталъуса къватIибе бахъун хадуб, гьенир жанир хутIана имамги цодагьал чагIиги. Какдаса хадуб Къа- рахъа гIалимчиги гьоркьов ккун, цо цIаларав Къелеса гIалимас имамасда гьарана, гIадаталда рекъон, Къелеб82 вакъфуялъул боцIул хIукму билълъанхъинабизе ихтияр кьеян. Гьел кIиязго цIакъ гIемер бицун, гьари тIамун, имам жидеца бицунеб рагIи къабул гьавиялде ккезавизе вахъана. Гьебмехалъ дун гьоркьов жувана: «Нужер гьари къабул гьаби- зе бегьулеб жо гуро, щайгурелъул гьелъ имамасул жакъасеб хIукму хисизабулеб буго», — ян. Гьебмехалъ имамас, гьимизеги гьимун, абуна: «Гьав МухIам- мадтIагьирица дун нужеца абухъе гьабизе толаро», — ян. Цоги нухалъ хунздерил Гиничукь83 росулъ имамас дан- делъи гьабун букIана. Гьелдаса хадуб наибзабиги, гьезда цадахъ рукIаралги нахъруссун рокъо-рокъоре индал, нижер наиб Къарахъа ХIажияс дун нахъвуссинавуна, цо пуланаб жо [30.12, 22:39] salonsota355: цIехезе бокьун бугин абун. Нахъвуссиндал, дида хунздерил бутIрул ратана, имамасда сверухъ ракIарун. Гьевгун ругоан

  • Жеги нижеца цIехолаан: «Закат кьезе кколел чагIазул чан тайпа бугеб нужер бакIалда», — ян. Ункъо тайпа бугин гьес абуни, нижеца гьикъулаан: «Дуца гьеб Къуръаналда бугеб хIалалъ бикьулищ гьезие?» — абун. Цинги нижеца гьикъулаан: «Нагагь мун магьари лъезе ахIани, гьез ахIарал нугIзабазда дуца гIейги гьабун, магьарий- ищ лъолеб, ялъуни дуца цин гьезул гIадиллъийищ76 цIехо- леб?», — ан. Жеги гьикъулаан: «Чи хвараб мехалъ, кинаб къагIидаялъ, ай сундаса байбихьи гьабизе кколеб гьесул ирс бикьизе?» — абун. Гьес жаваб гьабуни: «ТIоцебе гьесул налъаби рецIиялдаса, цинги гьесул васият билълъанхъизабиялдаса. Хадуб хутIа- раб магIишат ирсилазда гьоркьоб бикьула», — ян, нижеца гьикъулаан: «Гьединаб низамалда хьвадизе тIамулищха дуца халкъ?» — абун. Цинги нижеца гьев, гьел суалалги росун, гьезие жавабал хъвазе рокъове витIула. Нилъ киналго Аллагьасдаса руго ва киналго Гьесде руссинеги руго! Цо нухалъ нижехъе махIкамалде жаниве лъугьана сардар Старосельскиясул77 илчи, ва гьес дида абуна: «Нужер вилая- талъул гIадатал дуда лъалел ратизе ккола», — ян. Дица гьелъие жаваб гьабуна: «ШаргIалъул тIахьазда бугеб жо гурони гIадатазул щибниги жо дида лъаларо», — ян. Дагъистаналъул диванханабазул бетIер Сиражовасги78 дир рагIабазде тIаде жубана: «Гьас Къуръаналда нахъвилълъун [30.12, 21:24] salonsota355: къотIула хIукмаби. Цогидаз абуни гIадатазда нахърилълъун къотIула», — абун. Цоги нухалъ, махIкамалъул агьлуялда гьоркьоб бахIс ккана, вацасе гIоло яц гьа базе тIамизе бегьулищ абураб суалада тIасан. МахIкамалъул бетIер Запорожченкоца дида гьикъана: «Дуда гьеб лъалеб батизеги рес буго», — ян. Дица жаваб гьабуна: «Дида гьеб лъаларо», — абун. Цо-цо мехалъ махIкамалъул агьлуялъ, гьелъул бетIергун цадахъ рекъон, шаргIалда данде кколарел хIукмаби къотIулел рукIана. Гьез цIакъ хIаракат бахъулеб букIана гьелда гьоркь- ове дунги цIазе, гьаб махIкамалдаса къватIибе унеб хIукму киналго хIалтIухъаби жинда тIад рекъараб букIине кколинги абун. Ваамма, ахиралда дица гьезда абуна: «ХIакъикъаталда дида тIадаб жо буго ТIехьалда бугеб хIалалъ шаргIалъул къанунал нужеда рицин, амма гьеб хIукму билълъанхъизаби дир кверща- ликь гьечIо. Нужее бокьани, хIукму дица къотIухъе билълъ- анхъизабе, бокьичIони, нужерго пикруялда рекъон гьабе», — абун. Гьединал бакIазда хIалтIизаризе данде ккола цо гIакъ- иласул рагIаби: /гь. 5б/ «Инсанасда тIадаб буго жиндиего мунпагIат-пайдаяб жоялда хадув лъугьине, кинниги заманал- да тIадаб гьечIо гьесие кумекалъе хIалтIизе. Аллагьасдаса буго кинабго кумекги шапагIатги. Ваамма Гьесда (Аллагьас- да) тIадаб гьечIо щибаб нухалъ нилъее квербакъиги гьабун, сундаго тIад нилъер кверщел батизабизе», — абурал. Шамил имамасул заманалъ кигIанги рес букIана битIараб paгIи абизе ва гьединго, хIакъаб жо билълъанхъизабизеги, цIакъ бигьаяб букIана. Цо нухалъ, ГIабдурахIман наиблъун вукIаго, гьес гьеб мухъалъул къадизабиги гIалимзабиги данде ахIана. Налъабазул хIакъалги гIемерлъун, гьелги рецIуларого ругел чагIазухъа гьел рахъизе тадбирал гьариялда хурхарал суалазда тIасан. ГIемерал бахIсал гьарун кIалъай ккана гьел налъаби рахъизе хасаб къагIида ургъиялда тIасан. Амма шаргIалда данде кколареб къагIидаялъ киналгIаги хIукмаби къотIизе дица гьезие рес кьечIо. РатIалъизе къо-мех лъикI гьабулаго, дир кверги босун, гьимулаго, ГIабдурахIманица дида гьикъана: «Цо кинаб букIаниги суалалъулъ мун гьезие тамахлъарав анищ?» — абун. [30.12, 21:25] salonsota355: Цоги нухалъ ГIабдурахIман наибас ГIантасул ГIумар79 абулев гIалимчи жанив тIамун вукIана. Къадизабиги чIахIиял чагIиги данде ахIун, гьес лъазабуна: «Кьахъа Бегасул ГIали вугев бакIалда абурал рагIаби сабаблъун жинца гьев чIвазе вуго», — ян. Цинги киналго гьев гIалимчиясе шапагIат гьабун кIалъана ва наибасда гьарана гьесда тIасалъугьаян. Цинги дица абуна:

  • гIалимчиясул пикрабазда данде жиндирго пикраби загьир гьарун руго», — ян. Дагьаб заманалъ гIенеккунги чIун, помощникIас абуна: «Гьесда дур каламалъулъ гIайиб гIунтIизабизе бакI батун гьечIо, ва гьес, жиндирго гIелму-лъай бихьизабизе бокьун, дов гIалимчияс хъвараб жо нахъчIван буго», — ян. Гьелдаса хадуб, киналго назруялда хурхарал суалазе хIукма- би къотIулаан дица абухъе, гьезда гьоркьов дун вугевгIан заманалъ. Хадубги, ТIадегIанав Аллагьас, насраниял хIакимзабиги гьоркьор ккун, дица битIараблъун рикIкIунеб хIукму ракьалда билълъанхъизабураб гIадин, доб назруялда хурхун гьабулеб мекъаб х1укму тIагIинабизе дица кьураб хIалалъухъ дие кири- ажру хъвалин абун хьулги буго жинда жаниб киналго балъ- голъабиги тIатулеб ва бахчарабги загьирлъулеб къиямасеб къоялъ. Аллагьасе рецц буго, кинабго гIаламалъул бетIергьан- лъун жив вугев! Гьезул (гIурусазул) хIакимзабаз дир диналдехунги лъаялде- хунги кIудияб хIурмат гьабулеб букIана. Гьелъие мисаллъун [30.12, 21:18] salonsota355: буго, кIудиял хIакимзаби рачIараб мехалъ, гьез дир рахIат хвезабулеб букIинчIо. Гьебго заманалда, дунго гIадал хъулухъ- чагIи рачIинарулаан хъулухъалде, кигIан рикIкIад гьел рукIани- ги. Жегиги дун цогIаги бакIалде, яги байрамалде вачIани, столалда тIад гьекъолеб жоги лъолароан, дун гьениса нахъе инегIан. Гьединго, тIоцеве дун махIкамалъул кIалгIаялде жаниве вачIаравго, нижехъе (махIкамалъул агьлуялъухъе) бачIана гIарза, цебеккун цо гьобоялда сверухъ гьабураб дараналда хурхараб. КIиявго дагIбадуласул каламалдаса бичIчIана гьеб даран хIакъикъияб гьечIолъи. Цинги дица гьезда абуна: «Нужее тIокIаб хутIараб жо гьечIо — кьурас гIарац нахъе босиги, бичарас гьобо нахъе босиги гурони», — ян. Цинги судалъул начальникI Магъаловас74 абуна: «Гьезул дагIба къотIизабизе бегьуларищ, даран биххичIого?», — ян. Дун гьесул рагIабазда разилъичIо ва абуна: «Къуръаналда гьелъие тIокIаб батIияб нух гьечIо», — ян. Магъаловас цо чанго нухалъ хIаракат бахъана жиндирабго чIезабизе, амма Аллагьасул кумекалдалъунги дун дирго рагIиял- даса кьуричIо. Дир къвакIунчIей бихьидал, Магъаловас дир хIукму къабул гьабуна, тIаде гьадинал рагIабиги абуна: /гь. 5а/ «ГьанжелъизегIан гьаб махIкамалда хIукмаби гьадинаб къагIи- даялъ киданиги тасдикъ гьаричIо», — ян. Цо нухалъ кIудияв генерал Меликовас дун жиндихъего ахIана ва гьадин абуна: «Дица амру гьабизехъин буго дир вилаяталда ругел киналго къадизаби духъеги ракIарун, гьезухъа экзамен босеян! Гьел къадизабилъун хIалтIизе бегьулищ яги бегьулари- щали лъазабиялъе», — ян. Дица жаваб гьабуна: «Гьедин батани, дица гьезда цIехезе буго шаригIаталъул хIукмаби, щайгурелъул гьеб буго къадиза- базда чара гьечIого лъазе кколеб гIелму», — ян. «Гуро», — ян абуна гьес. «Дуца гьездаса цIехе тIубанго диналъул хIакъалъулъ, щайгурелъул гьез шаргIалъул суалазда тIасан гъалатI биччани, нужеца гьанир ритIизаризе бегьула гьезул гъалатIал, гьеб цIехон гьел нужехъе рачIани», — ян. Щивав къадиясе нижеца гьадинаб суал кьолеб букIана: «Кинаб гIамал рикIкIунеб бищун лъикIаблъун кIиябго шагьада [30.12, 21:22] salonsota355: талдаса хадуб?» Гьес жаваб кьуни, как бугин абун, нижеца гьикъулаан: «Бищун лъикIаб гьеб балеб къагIида кинаб?» — абун. Гьес жаваб гьабуни: «ЖамагIаталда цадахъ бай», — абун, нижеца гьикъулаан: «ЖамагIат гьабун как балаго, имам- лъун вукIине щив бищун мустахIикъав вукIунев росулъ?» Гьес жаваб гьабуни: «Росдал къади вуго», — абун, хадуб- ги гьикъулаан: «Гьединаб къагIидаялъ дуца киналго какал ра- лищ?» — абун. Хадубги цIехолаан: «Къадилъун тарав чияс бищун цебе сунде кIвар кьезе кколеб?» — абун. Нагагьлъун гьес абуни: «Жидеда хIажру чIварал чагIазул75 ахIвал-хIалалде, яги налъи сабаблъун къайи-къоно бахъарал чагIазде?» — ян, нижеца цIехолаан: «Дуца гьелъул халгьабулищ?» — абун.

  • Дица досие жаваб гьабуна: «У, дица гьелдаса инкар гьабуни, гьеб хIалтIи гьабун черхалда бажарулеб букIадго, дие гьелъул хIакъ букIуна», — ян. Жегиги гьес тIаде жубана: «ТIадегIанав Аллагьасда кIоларищ, дур черхалъе къуватги бажариги кьезе, гьеб иш дуца тIаде босани?» — ян. Дие тIокIаб рес букIинчIо гьес абуралда разилъичIого. Хадуб дица гьесда абуна: «ЛъикI буго, дун вачIина ва гьеб хIалтIи гьабизе хIалбихьила», — ян. ТIадеги жубана: «Нагагь гьеб иш дихъа бажаричIони, дуца суал кьогеха дие, дудаго кIолареб жо щай тIаде босарабан?» — абун. [30.12, 21:15] salonsota355: Гьесги жаваб гьабуна: [Суал кьезе] гьечIо, гьечIо», — ян. ТIадеги жубана: «Мун цогидал чагIи гIадин хIалтIизе гьечIо. Дуе ихтияр буго, дурго чорхол къуват рекъараб мехалъ вачIи- не. Нижедаса вачIайилан тIалаб духъе щвани, цо яги кIиго моцIидасан вачIаниги гIела. Нагагьлъун гьединги бажарулеб гьечIони, дурго вакил витIизеги бегьула», — абун. Нахъеги Меликовас дида абуна: «Дуего бокьани, дица дур васги хъулухъалде хъвала, ай восила», — абун. Кинниги дица гьесул пикру къабул гьабичIо. Гьединго гьес амру гьабуна кIикъоял- да анцIго гъурущ дие кьеян, нахъвуссун унаго, сапаралда къваригIаралъуб хIалтIизабейинги абун. Гьелда тIасан дица абуна: «Дун дарвиш вуго, ва дида кодоб нахъвуссине гIуpaб гIарацги буго», — ян. Доб гIарацги цIакъго тIадчIей гьабун дида босизабичIого течIо гьес. 1284 (1869)69 соналъул хаслихъе, дун Шурагьиве ана. МахI- камалде жаниве лъугьиналде цеве дун дандчIвана Дагъиста- налъул диванханабазул бетIергун70 ва гьесда абуна: «Дица къабул гьабуларо нугIлъи гьабилалде цебе нугIзал рацIцIадал- лъун чIезариги, васияталда рекъон, ирс кколесе кколебги кьечIого, гьелги махIрум гьаризелъун гьабулеб назруги» — ян. Гьес жаваб гьабуна: «Дуца хIукмаби къотIе нужерго ТIехьалда71 рекъон», — абун. МахIкамалъул хIалтIухъабазул ва доб заманалъул гIемери- сел къадизабазул гIадатлъун букIана махIкамалде вачIунев дагIбадуласе жидерго росдал къадияс кагъат хъвалеб, нугIлъи гьабилалде гьелги рацIцIад гьарун /гь. 4б/. Дица гьедин хъван рачIарал къагътал нахъчIвазе гьарураб мехалъ (ай, къабул гьабичIеб мехалъ), киналго хIакимзабазе, хасго помошникIасе гьеб цIакъ захIмалъана. КигIан гIемерха дица гьедин хIукму къотIараб, заманалъухъги бакIалъулъги балагьун?! Доб цебехун рехсараб назруялъул суалги гьединго дица нахъчIвайгун, гьебги махIкамалъул агьлуялда цIакъго рихана. Ва гьезул цоясин абуни гьелда тIасан дирги мунагьал чураяв Къарахъа гIалим Ибрагьимил МухIаммадилги пикраби хъва- рал тIанчал цодагьабниги гIелмуялда хурхен бугевщинав чиясухъе ритIун ратана, хIатта ГIусманияб Турциялъул ракьаз- де гIунтIунцин. Цо къоялъ, махIкамаялда вукIаго, доз дихъе кьуна гьеб нижер хIукмаби хъвараб жо, гьелдаго цадахъ [30.12, 21:16] salonsota355: букIана нижеца хъваралда тIасан цо машгьурав гIалимас гьабураб тIадкIалъайги. Кумекчи (помощникI) Запорожченкоца72 дида абуна: «Дуца хъвай дурго пикру, дов машругьав гIалимчияс хъваралда тIа- сан», — абун. Гьелъие дица гьадинаб жаваб гьабуна: «Гьеб суалалда тIа- сан дица хъваралъул пайда щиб, дир пикру ритIухъ гьабун кIалъалев цогIаги чи гьаб ракьалда хутIун гьечIелъул», — абун. Цодагьалъ тархъунги чIун, гьес абуна: «Дуца хъвай, мун ритIухъ гьабулевги камиларев ватилин!» — абун. Цинги дица гьел кагътал рокъоре росана ва гьезул халгьабу- на. Балагьараб мехалъ, дов гIалимчияс хъвараб жо бугоан дов мунагьал чураяв мухIакъикъ73 Къарахъа Ибрагьимил вас МухIаммадида данде хъвараблъун. Ваамма дида гьениб батич- Iо дица къотIараб хIукму гьересияб букIин чIезабулеб цогIаги бакI. Дица помощникIасда абуна: «Дов машгьурав гIалимчияс хъвараб жоялъулъги дица къотIараб хIукмуялъулъги цоцаде данде кколареб бакI гьечIо. Гьес цохIого цо, дов Къарахъа